26 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда депутатаз цIакъго кIвар буссинабуна жанисел ишазул министрас гьабураб кIалъаялде.
Лезгиязул «Садвал» абураб миллияб багъа-бачариялъул хIаракатчи Руслан МухIамадрахIимов жиндирго хвелалъ хванин абураб пикру загьир гьабуна 25 марталда ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-секретарь Расул Темирбековас журналистазе. Щайин абуни цебе-цебеги рекIел иш лъикI букIун гьечIила гьесул. Гьединго ругила къотIносан унаго гьев гIодов кколев вихьарал чагIиги.
КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босун 70 сон тIубаялде Россиялъул шагьаразда Иосиф Сталиние монументал лъезе кколин рахъ-рахъалде кагътал хъвалел руго коммунистаз. Гьединал энтузиастал руго Дагъситаналдаги. Амма Дагогни шагьаралъул нухмалъиялъ инкар гьабун буго гьединаб монумент лъезе.
24 марталда гIумруялдаса ватIалъана лезги миллаталъул жамгIияв хIаракатчи Руслан МухIамадрахIимов.
Россиялъул Центробанкалъ лицензия нахъе босана Дагъистаналъул цойги банкалъухъа. Гьелъие гIиллалъун кканин гьеб банкалъ гIарац тIаде цIакъго дагьаб хайир бачIунедухъ цIунулеб букIин, гьедин гьелъ билълъанхъизабулеб букIанин банкалъе кутакалда хIинкъи цIикIкIараб политикайин багьана бачунеб буго Центробанкалъ.
Буйнакскиялъул аслияб мажгиталде хьвадулел гIадамазул цо къокъаялъ байбихьанин шагьаралъул тукабазде, баразде, рестораназде хьвадун гIаракъи-чагъир бичизе бегьуларин вагIзаби гьаризеян бицана ЭР-ялъе гьеб мажгиталъул имам ГIабдукаримица.
21 март дунялалдаго кIодо гьабула поэзиялъул къо хIисабалда. Гьеб къоялъги, тIубараб лъагIалицагоги Дагъистаналда тIоритIизе руго адабияталда хурхарал тадбирал. Кинабха бугеб Дагъистаналъул жакъасеб поэзия? Кьолищ жакъа магIарухъ кьолораб чу цо магIнаяб кочIохъ? Рорхулищ поэтаз унголъунги халкъалъе хIажатал суалал?
18 марталда Новолак мухъалда гIадамал данделъун рукIана жал гьениса гочинариялъул суал дандбазе. МахIачхъалаялде аскIоре гьел гочун лъугIизе ккола 2018 соналда. Гьеб заманалдехун жидее кьезе кколебщинаб рецIалил гIарац бецIун лъугIизабизе бугебищин пачалихъалъ, гьединго Новолак мухъалда цIар ГIавухъиланищин лъезе бугеб абурал суалал рукIана гьез гьоркьор лъун.
ЭР-ялъухъе щварал баяназда рекъон, 17 марталда МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Семендералъул мажгиталдаса полициялде вачун ун вуго анцIидаса цIикIкIун чи, кватIичIого нахъеги риччан руго.
Дагъистаналда тIатIинаруна лицеялда цIалулел лъималазе кваниеги гьенир хIалтIулел мугIалимзабазе премиязеги биччараб 900 миллион гъурущ бикъарал чагIи. Лицеялъул нухмалъулейги малъун ункъо чи вуго гьезул. Прокуратураялъ диваналде ритIун руго гьезда хурхун гьарурал цIех-рехалъул хIасилал.
Авартеатралда ракIалда буго спектаклазе синхронияб таржама гьабизе. Гьеб ккола магIарул мацI лъикI лъаларел, яги батIиял миллаталъул чагIазе спектакль гIурус мацIалде буссинарулеб къагIида. Миллатал гIемераб Дагъистаналда гьеб кутакалда лъикIаб пикру кколин абулеб буго цо-цояз. Амма гIицIго гьелдалъун цIикIкIунарин театралдехун кIварилан рикIкIунеб буго цогидаз. Театралде гIадамал рачIунила мацI лъикI лъалеб букIиналъ гурел, театр бокьулеб букIиналъ. Гьединго киналго спектаклазул гурила таржама гьабун бажарулеб.
Дагъистаналъул Хасавюрт шагьаралъул мэр разияв гьечIо гьев чIвазе къасд гьабулел рукIаралин диванаханаялъ чIезабурал кIиго чачанасе къотIараб хIукмуялда. Гьезие кьун руго туснахъалъул 9 ва 12 сонал. Сайгидпаша ГIумаханов гьеб диванаханаялде унги вукIун гьечIо. Араб соналъул марталда жанир тIамурал гьезда хурхун диван рагIалде бахъана гьал къоязда Хасавюрталда. Гьединго, гьеб ишалъулъ гIахьаллъи бугевин абун рехсолеб буго, федералияб цIех-рехалда вугев Чачанлъиялъул бетIер Рамзан Къадировасул гIакълучиясул цIарги.
Дагъистаналъул хъулухъчагIазул харжал тIаса къотIизе, Шамил имамасул наиб ХIажимурадил гвангвара Петербургалъул кунсткамераялдаса нахъе тIалаб гьабизеги ва рищиязул бюллетеназда хиса-басиял гьаризе абурал ва цоги суалал рорхулел рукIана 12 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб Дагъистаналуъл Халкъияб Мажлисалъул иргадулаб сессиялда.
10 марталда Москваялъул Дорогомиловский диваналъ хIукму къотIана ункъго дагъистаниясе – туснахъалъул микьго ва ичIгогун бащад сонал. Гьезда тIад чIезабуна кIиго соналъ цеве Москваялда Пачалихъияб Думаялъул депутат Худяков вухиялъулги кафеялда хIалтIулей гIаданалъухъа гIарац тIалаб гьабулеб букIиналъулги гIайибал. Щай гьезие кьурал чи чIварав чиясе кьолелгIан сонал?
Россиялъул оппозиционияв политик Борис Немцовасул гьалмагъ Илья Яшиница абуна оппозиционияв политик радикалиял бусурбабаз чIванин абураб гьадингосеб чIанда бугин ва Кремлалъул политикияб тIадкъаялда рекъон гьабулеб иш бугин. ЦIех-рехчагIазул гьеб официалияб версия тIадтаразе кутакалда дандеккола ва гьединго «бичIчIине ккола гьелъ Путинида кинаб букIаниги щаклъидул рагIадцин рехизе толеб гьечIолъи»,-ян хъвалеб буго Яшиница Facebookалда. Немцов чIван вукIана 27 февралалъул къаси кватIараб гIужалда Кремлалдаса рикIкIад гьечIеб бакIалда.
ЦIоралда ругел магIарулаз ритIун рачIарал кагътазда ахIи балеб буго жидее кумек гьабейин миллияб хаслъи цIунизе. Гьез хъвалеб буго жидее Азербайжаналъул тIалъиялъ рес кьолеб гьечIин школазда рахьдал мацI малъизе, ЦIоралде риччалел гьечIин рахьдал мацIалъул цIалул тIахьал, жидее кумек гьабейин миллияб театр гIуцIизе.
Гьал къоязда МахIачхъалаялда букIараб терроралда данде чIараб комиссиялъул данделъиялда загьир гьабуна жанисел ишазул министерлъиялъ гIуцIараб сияхI. Динияв экстремист хIисабалда вихьизавурав кIиазариде гIунтIун чи рагIула гьенив.
Лъабабилеб марталъул сардилъ бухIана Бузнаса нух бахъулел хIалтIухъабазул экскаватор. Гьелда бан жеги мухIканлъи лъалеб гьечIо. ЦIа ккун букIин бихьун буго гьениса рикIкIад гьечIого рукIарал Хъараниса чагIазда.
Авартеатралда халкъаздагьоркьосеб рахьдал мацIазул къо кIодо гьабиялъул тадбиралъул программаялда жибго мацIалъул бици гуребги, рукIана кучIдулги, кьурдабиги, цогидал ракIгъеялъул элементалги.
Лъабабилеб марталъул сардилъ бухIана Бузнаса нух бахъулел хIалтIухъабазул экскаватор. Гьелда бан жеги мухIканлъи лъалеб гьечIо. ЦIа ккун букIин бихьун буго гьениса рикIкIад гьечIого рукIарал гIухьбузда.
Загрузить еще