Официалиял гурел баяназда рекъон, 14 февралалда Дербент шагьаралъул администрациялъул бетIерасул ишал тIуразе тIадкъан буго Азади РахIимовасда. Гьеб мурадалъ шагьаралде вачIун вукIун вуго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги. Цин Азади РахIимов восун вуго Дербент шагьаралъул администрациялъул бетIер хисулев СултIановги нахъе витIун эркенлъараб бакIалде. Цинги, гьебго къоялъ, иш ккун буго заманаялъ администрациялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Мовсум РахIимов хIухьбахъиялде иналде. Документазда рекъон, гьев хIухьбахъиялде ине вуго итни къоялъ,16 февралада. Гьедин Дербенталъул администрациялъе бетIерлъи гьабизе тIадкъан буго экс-министр Азади РахIимовасда.